ХIамзат ЦIадаса I ЦIализе кьей I Стихи на аварском языке I Читает Магомед Мусаев HD
Стихи Гамзата Цадасы из поэмы "Моя жизнь". Читает поэт Магомед Мусаев. *** Цинги инсул вацгIалас АнцIго сон тIубарав чи АскIоб бугеб росулъе ГIараб цIализе кьуна. Цебеккун, гьанже гIадин, Мискинзабазул лъимал Лъай босизе ахIулел Школалги рукIинчIо. Жиндирго чвантинисан Чадиде хIалкIвечIесе ХIукуматалъ гьарулел Кумакалги рукIинчIо. РукIа-рахъин, хъвай-цIали ЦIакъ хашаб, нахъе ккараб, Культурияб рахъалде Данде чIараб букIана. Щибниги палан гьечIеб, Параграммалда хъвачIеб, Хассал калассал гьечIеб Гьагаб цIали букIана. Мажгитахъ къайиги чIван, Къойил цо-цо дарсги кьун, Къадизабаца лъураб Лъай гьечIеб нух букIана. Нахуда цIаги бакун, ЦIахдада накуги чIван, Накку хъирщун, квен гьабун, Квешаб яшав букIана. Щибаб рукъалъул рагьтIе, Рузман къо алхинчIого, Гъажалда хулжалги ран, Ханжу гьарун унаан. Гьеб гIечIелъуй бацIцIине МоцIидасан бахъулеб Напакъадул къолоца Къоял нухда лъолаан. КъучIбухъе ханжуги бан, ХинкIазда гIужалги ран, ГIункIкIазулгун дандбараб БетIербахъи букIана. Ражи-пералде гIунтIун, ГIадамаз кумакги кьун, Кинабго гьабулеб жо Гьардухъанлъи букIана. Гьеб хашаб гIумруялда ГIелму цIалулев абун, АнцIидасан цIикIкIарал Сонал нухда тIамуна. Гьезда жаниб цо лъагIел, ГIолохъабигун лъугьун Лъебелазул рохьоса ЦIул тIамулаго ана. Цоги соналъ хIалтIизе Горозниялде арав. Гьениб ккараб бакъуца Ункъго соналъ унтана. Заман цIикIкIун аниги, ЦIалараб жо дагьлъана ЦIиюрзабазул мухъилъ Хъулухъалда хIалтIана. Цо-цо намус бичарал Чарал дибирзабаца, Чи вихьун дарсалги кьун, Дун гьоркьов виччалаан. Амма жидей хIалтIизе ХIажалъи ккараб мехалъ, ХIамзатил цIаралдасан Байбихьи гьабулаан. ХIукуматалъул рахъалъ Хъулухъалда хурхараб Хъвай-хъвагIаялъул хIалтIи Дида тIадкъан толаан. Гьединал гIузрабазда ГIемер къоял раниги, Ахир кодобе щвараб Канлъи-лъайго лъугьинчIо.