Группа Чиркей - Назму на аварском языке 2018 HD
Подписывайтесь на канал Al Jannah TV: https://www.youtube.com/c/AlJannahTV Больше нашидов от Группы Чиркей ► https://u.to/i_32Ew Назму написал Саид афанди (рахимуЛлах) Текст: Дур зат гуребщинаб жо жиндий гIоло бижарав ГIаламалъулго сирру - Дур ХIабибасе гIоло, Гьесул нухда рачIарал гьал акътIабазе гIоло, ГIамал гьечIеб къавмилан къварид гьаруге, Аллагь. Гьидаяталъул нухал гIатIид гьаре, БетIергьан, ТIарикъаталъулъ нижей ритIун чIей ризкъилъун кье, Заманалъул балагьал Дуца тIаде риччаге, ТIолго муъминзабазе диналъе регIел гьабе. Дуде ниж гIагарлъулеб гIамалалъе тавфикъ кьун, Тавбату ннасухIалъул агьлулъун сверизаре. Иршадалъе къуват кьун макъамал цIикIкIинарун, Нижер устарзабазе, Аллагь, Дуца гIумру кье. Аллагь РрахIман, мун гурхIа ХIабибасул къавмалда, ХIавлу-къуват кье, Аллагь, квешаб тун, лъикIаб кквезе. Киналго агьлул къиблат, ракIал, мацIал цо гьарун, Цо раъюялде рачун, риччай куфру гъуризе. Гъазаваталде къачIан диналъухъ рухI бичизе ХIадурлъаралщиназе, Аллагь, Дуца квербакъе. Эзда данде рахъарал диналъул тушбабазда Дурго къудраталдалъун къагьруялъул цIал кьабе. Амин Аллагь я Аллагь, Къабул гьабе БетIергьан #Назму #мавлид #Чиркей