ХIамзат ЦIадаса | Мискинаб рукъ | Стихи на аварском языке | Читает Магомед Мусаев HD

13.12.2018
Стихи Гамзата Цадасы из цикла "Моя жизнь". Читает поэт Магомед Мусаев *** Дун мискинаб рукъалъул, Бакъараб хъизаналъул, Рукъалда къоно барав, Къо бухIарав инсул вас. ГIумруялъ юргъан щвечIев, Гъоркьан горде бихьичIев, Хьимал босада хварав Юсупил МухIамил вас. Дун вачIарав ЦIадасан, ЦIорораб къавудасан, Хундерил районалде Данде къараб росулъан; Дагъистан областалъул, Аваристан мацIалъул БецIлъиялда мал бараб ЦIияб СССРалъул. Дун къватIиве лъугьараб Къо-моцI лъазе кIоларо, Къоло цойилъ лъабго сон КьабгIараб гIумру ккола. Гьел къоязда гьоркьосан Къого сон нахъе босун ХутIарал пачаясул Пачалихъалда ана. Гьанже, анкьго соналде Дун вахаравго, эмен Ахир гьечIеб рокъове, КъолъикI гьабун, гочана. Квер чIвазе чи тIагIарай, Чорхол гIамал хисарай, Херай эбелалъулги Ургъел тIаде бегана. Эмен хведал хутIарав ТIагъур лъурав чи нижер Анлъго ясалда гьоркьов Цого-цо дун хутIана. Рузица бусен лъураб, Мискинлъиялъ къвал бараб, Бесдалазул цIураб рукъ Къайимасухъе ккана.

Похожие видео

Показать еще