Курбан-Байрам 2021. Нашид на аварском языке
Исполнитель: Мурад Гаджиев Нашид: Курбан-байрам (Къурбаналъул къоялде) Слова Айшат Саидовны MP3: https://t.me/Nasheed_Channell/153 Слова нашида: Жакъа Къурбаналъул къо, Къабулаблъун батаги, Къулубазда нурги бан, Бичас к1одо гьареги. Гьабураб дуг1а-альх1ам, Азариде бахъаги, Алжаналъул кавуда, Квер ч1валеллъун гьареги. Хъураб х1айван нилъее, Х1ал ккедал х1алай ч1аги, Х1укму къот1улеб къоялъ, Х1ажатаблъун батаги. Х1айваналда рас рик1к1ун, Т1аде рах1мат рещт1аги, Т1адег1анасул ц1обал, Ц1адлъун т1аде чвахаги. Ах1мад-Х1абибин ах1ун, Х1елун гьабураб т1аг1ат, Т1адег1анав Аллагьас, Ц1акъго к1одо гьабеги. Азарабго ц1алараб, Къулгьу къабул гьабеги, Къадру к1удиязда гъорлъ, Бак1 кьун рази гьареги. Гьабураб лъик1аб г1амал, Г1арш Курсалде бахъаги, Кавсаралъул лъим щолеб, Агьлолъун нилъ гьареги. Кьер-кьерал ниг1матал лъун, Цебе лъураб т1ут1 духъе, Рохел бицун вач1унев, Малаикас бач1аги. Къурбаналъул к1алал ккун, Кири ц1ик1к1инабурал, Квана-гьекъон кепалда, Г1арщалъул раг1дукь таги. Къурбан къо к1одо гьабун, Садакъа бикьаралги, Сират1 бахъи бигьалъун, Г1аднуялде рачаги. Тавбу г1емераб гьабе, Мунагь чуреян гьаре, Гьарараб къабуллъулеб, Къо г1адада биччаге. К1алгун мац1 бац1ц1ад ц1уне, Г1ингун берзуй г1адлу кье, Х1ат1алгин квер гьаб къоялъ, Х1арамалдаса ц1уне. Ажру, кири лъиего, Бет1ергьанасул щваги, Ширк гъорлъ гьеч1еб г1ибадат, Щивасе насиблъаги. #нашид #Курбан_байрам #Дагестан #дагестанцы
Похожие видео
Показать еще