Тавбо на аварском языке. HD

05.12.2016
Группа батлух. Тавбо на аварском языке. Инхоса ГIАЛИ-ХIАЖИ ✅ *ТАВБУ* АлхIамдулиллагь шукру, щибаб рецц Дуе, Аллагь, Гьалщинал нигIматал кьун, Дуца ниж хьихьун руго. Дие кьун ругелщинал нигIматазул хал гьабун, Хвезе вукIин ракIалде дида кколебго гьечIо. Ислам диналъ какарал, шаргIалда рекъоларел, КъабихIал гьел квешлъаби дица толелго гьечIо. ТавбугIаги, дир Аллагь, дун гьелда пашманлъана, Бариъту минкули ма юхалифу динул Ислам. Дун вуссана, БетIергьан, Ислам диналъ какарал Квешал афгIалаздаса. Гьарурал мунагьазда тIаса лъугьа, дир Аллагь! Гьел квешлъаби реххун тун, Дуде вуссанин гьанже, ДандчIвазе гьабе тавбу, къабулаб сагIаталда. ГIиналъ, бералъ, хIетI-малалъ, кверазгин кIалалъ букIа, ГIасси-пасикълъулеб гIавратгун ккараб, Инсан капурлъулел мунагьал тIолго , Гьариялдасаги дун пашманлъанин, Щибаб къойил кколеб куфругин мунагь, Гьале тавбуги рехсон хирияв Аллагь! Дур гъапудахъ вугев лагъ къабул гьаве БетIергьан! Гъибат-бугьтан, зулму-хIал, хIалкIолеб гIибадат тей, ХIарамаб лъан боцIи кквей - квешлъаби рехун танин. Нагагь гьабулев лъани, дун тIад рекъезе гьечIин, Дунги Дуде вуссанин, Аллагь Гъафуру РахIим. Дида тIадаб гьабураб къол щуябго как базе, Щибаб гIужалда рекъон бала, БетIергьан, Дуе. Рамазан моцI цIилъидал паризаяб кIал кквела, КIарчанлъи как-кIалалъе кидаго биччаларо. Нагагьлъун тIагIаталъе тасамахIлъи кканани, Тавбу гьабун бецIила, гьоркьоб мех иналдего. ГIадангин боцIуда тIад лъун бугеб закагIат-сахI, Мискин пакъирасе хех рекъон кколеб бикьила. ХутIун ратани чияр хIукъукъал тIурачIого, Гьел разилъулеб хIалалъ хIалаллъиги босила. Нахъе ккун мунагьазде дун вуссинаро, Аллагь, СогIаб гIазаб чIамизе дир черх тIобитIаниги. Дида тIадаб гьабураб гьаб паризаяб какги, БетIер дир къотIаниги, гьебги рехун теларо. ПАЙДАБАЗУЛ ХАЗИНА

Похожие видео